Бисмиллагь цебе бахъун хъвазин дагьал рагIаби,
Расуласде хIажатаз хIалхьезегIан цIализе,
ХIабибуллагь вокьараз данде руссун ахIизе,
Эсул хIакъикъат бицун цо дагьав гаргадизин.
Баркат кIудияв ТIагьа тIолгояз рехсолелъул,
ТIоцебе Аллагьасе рецц гьабизе рекъола.
РахIматалъул авараг вокьун мавлид ахIулез,
Эсде свалат битIиги — суннатабилан буго.
АлхIамдулиллагь, щукру, щибаб рецц Дуе, Аллагь,
Гьаб эркенаб гIумругун гIатIидаб ризкъи кьурав,
ГIакълуги кьун, лъайги кьун, лъикIаб-квешаб бижарав,
Кинниги батIулалда тIад рекъей Жиндир гьечIев.
Гьелда хадуб салават Расуласул заталде,
Зоб-ракьалъул тIабигIат тIубан жиндий мукIурав,
ТIолго гIалам хIайранав, хIурулгIинал урхъарав,
Аварагзабацаги василатлъун гьавурав.
Хирал малаикзабаз икрам жиндий гьабурав,
Исламияб диналде данде нилъ ракIарарав.
Данделъун салат битIун ТIагьа кIодо гьавизин,
Гьесул баракатги шун шафагIаталъ росизе.
Мавлая, ссалли васаллим даиман, абадан
ГIала ХIабибика, хайрил халкъи куллигьими!
Даимаб, абадияб салат-салам лъе, Аллагь,
Халкъалъулго хирияв - Дур ХIабиб - АхIмадида!
Аллагьасул вокьулев ракьалда загьирлъизе
Замана гIагарлъидал гIаламатал тIатана.
ГIилму бугел кашишал китабазде раккидал,
Киназего хIакълъана ХIабиб гьавураб заман.
ХIакъав Бичасул Расул дунялалде вачIиндал,
ЧIезе бакIал тIагIана тIолго инкарчагIазе.
Ахир заманаялъул авараг гьави лъайдал,
Лъукъарал эзул курмул киданиги сахлъичIо.
СагIадат насиблъарал, иман бугеб агьлуялъ
Аллагьасе рецц гьабун гьавуна АхIмад кIодо.
Эсул умматлъун рати — кIудияб рохел буго,
Рохалида битIизин ТIагьаясде салават.
Мавлая, ссалли васаллим даиман, абадан
ГIала ХIабибика, хайрил халкъи куллигьими!
Даимаб, абадияб салат-салам лъе, Аллагь,
Халкъалъулго хирияв - Дур ХIабиб - АхIмадида!
Адамил наслуялъул васлъун вижананиги,
Жиндиралдаса цебе цойги нур загьирлъичIев,
Зарраби рижинелде вижарав нилъер ГIазиз
ГIаламалъ хира гьави — Халикъас тIад гьабуна.
ТIолго анбияазде илгьам гьабураб гIилму
МигIражалдеги ахIун АхIмадиде манлъана,
Эзде рештIарал тIахьаз ТIагьал хабар бицана,
Хадуб Къуръан рештIиндал тIолго эл насхулъана.
ХIарф рикIкIун магIна бугеб гIилму бергьараб Къуръан,
Къадру гьабун цIализе нилъеда кодоб щвана.
Къуръан-тIабигIат бугев ТIагьа — Расулги вокьун,
Кьезин берцинаб салам свак тун киналго вацаз.
Мавлая, ссалли васаллим даиман, абадан
ГIала ХIабибика, хайрил халкъи куллигьими!
Даимаб, абадияб салат-салам лъе, Аллагь,
Халкъалъулго хирияв - Дур ХIабиб - АхIмадида!